Расул ХIамзатов. Къункъраби
Стихотворение Расула Гамзатова "Журавли" на аварском языке; читает Магомед Мусаев. "ХъахIал къункъраби" Дида ккола, рагъда, камурал васал Кирго рукъун гьечӀин, къанабакь лъечӀин. Доба борхалъуда хъахӀил зобазда ХъахӀал къункърабазде сверун ратилин. Гьел иххаз хаселаз халатал саназ Нилъее салам кьун роржунел руго. Гьелъин нилъ пашманго, бутӀрулги рорхун, Ралагьулел зодихъ щибаб нухалда. Боржун унеб буго къункърабазул тӀел, Къукъа буго чӀварал гьудулзабазул. Гьезул тӀелалда гъоркь цо бакӀ бихьула - Дун вачӀине гьаниб къачӀараб гурищ? Къо щвела борхатаб хъахӀилаб зодихъ, ХъахӀаб къункъра лъугьун дунги паркъела. Гьелъул гьаркьидалъун ракьалда тарал Киналго нуж, вацал, дица ахӀила. ЦIалана МухIамад Мусаевас. Мои стихи https://www.youtube.com/watch?v=BsMGgyxJCas&list=PLzOD-H5CPG5JfGKcj9lZMsS_TX2Mgcuku&index=1
Название:
Расул ХIамзатов. Къункъраби
Категория:
Разное